Хирияй эбел (на аварском языке)

Бакъул кунч1и расулъ бугей
Хирияй, йокьулей эбел.
Лъел бац1алъи рек1елъ бугеб
Х1еренаб гьайбатаб дир т1егь
Гьумер берцинай, х1алимай
Каранда рокьи бижарай
Г1умро лъималазе кьурай
Дудасан йиго йохарай
Риидалел гъут1би г1адин
Т1анхал риччан гьайбалъаги
Зодилъ ругел ц1ваби г1адин
Кунч1-кунч1ун кийго йик1аги.
Дир г1умро ц1унун йик1уней
Хирияй, йокьулей эбел
Йиго малаиклъун дие
Сахлъи кьеги эбел дуе
Балагьаздаса ц1унаги
Лъималаздасан йохаги
Рохьоб наил гьоц1о г1адин
Дир хиралъарай х1урулг1ин
Дие г1олон йохун йик1а
Дир х1еренай рокьул бика.